Блогерал кьищни-къулалде данде

Your browser doesn’t support HTML5

14 сентябралда байбихьараб тIолгороссиялъулаб «Блогерал кьищни-къулалде данде» абураб акциялда гIахьаллъи гьабулеб буго дагъистаниязги. Шамат къоялъ МахIачхъалаялъул Ак-Гель хIорил рагIаллъи бацIцIад гьабуна тIоцебе акциялъул гIахьалчагIаз. Блогерал гурониги студентазги, жамгIиял хIаракатчагIазги, гIадатиял шагьаралда гIумру гьабун бугел гIадамалги рачIана гьеб тадбиралде. ТIубараб анкьица ине бугеб «Блогерал кьищни – къулалде данде» ян абураб акция тIобитIизе буго Дагъистаналъул гIемерисел шагьарздагун мухъаздаги.