Шамалда ракълилаб диалогалде рачlине бегьиялде хьулгун

Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица ва Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас загьир гьабуна Шамалъул хим-яргъие контроль гьабиялда сверун рукIарал кIалъа-ралъаяз гьеб улкаялда рекъел гьабиялъул рахъалъ диалогалде рачине бегьиялда хьул. Керрица ва Лавровас гьединго лъазабуна сентябралъул Нью-Йоркалда жал данделъизе ругин гьединаб конференция гьабиялъул къо-моцI дандбазейин. Гьез гьедин лъазабуна Женеваялда рукIарал консультациязда хадуб.