Щаклъи буго Пхеньян атомияб программаялде тlадбуссиналда

Цо-цо баяназда рекъон, Шималияб Кореялъ цIигьарулел руго Йонбёналда бугеб атомияб реакторалда хIалтIаби. Атомияб Энергетикаялда сверун Халкъазда гьоркьосеб Агентлъиялъул ай МАГАТЭ-ялъул бетIер Юкия Аманоца лъазабуна гьеб улкаялъул атомияб программаялда сверун лъазабиязухъ кIвар кьун хал ккун бугин жидеца, амма гьениб кколеб бугелъул мухIканлъи жеги гьечIин.
Шималияб Кореялъ жиндирго атомияб реактор чIезабун букIана 2007 соналда дунялалъул цебетIураб анлъго улкагун рукIарал кIалъа-ралъаязул хIасилалда. Доб мехалда Пхеньян гьелда разилъун букIана кванил нигIматазул рахъалъ халкъазда-гьоркьосеб кумекалъухъ хисун.