Шамалъул Эркенаб армия разияб гьечlо Россиялъул цебелъеялда

Президент Башар Асадил низамгун къеркьолеб бугеб Шамалъул Эркенаб абулеб армиялъул нухмалъиялъ тIубан нахъчIвалеб буго химикияб ярагъ халкъаздагьоркьосеб контролалде кьеялда сверун Россиялъул цебелъей. Гьедин лъазабуна хамиз къоялда France-Presse-алъ.
Франциялъул къватIисел ишазул министр Лоран Фабиусица лъазабуна Шамалда химикияб ярагъ хIалтIизабунин абулеб бакIалда цIех-рех гьабиялда сверун Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул комиссиялъул хIалтIул хIасил итни къоялда къватIибе кьезе бугин. Франциялъул радиоялдасан гьес абуна бицен гьабулеб докладалда ругин 21 августалда Дамаскалда гъоркьехун хим-ярагъ хIалтIизабун букIиналъул далилал.
Америкаялъ ва гьелъул рахъ кколез хим-ярагъ хIалтIизабиялъул гIайиб гьабулеб буго Асадил режималда, амма Дамаскалъ ва гьелъул рахъ кколеб Россиялъ гьел гIайибал нахъчIвалел руго.