Шамалда конфликталъул кIиябго рахъалда руго гIайибал

Шамалда конфликталда гIахьаллъулеб кIиябго рахъалда буго рагъулал такъсирал гьариялъул ва халкъаздагьоркьосел къанунал хвезариялъул гIайибал. Гьедин лъазабуна арбагI къоялда Паулу Пинейруца. Гьев ккола Шамалда инсанасул ихтиярал хвезарун ругищали хал гьабулеб букIараб Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул комиссиялъул бетIер.
Комиссиялъул докладалда бицен гьабулеб буго шамалъул хIукуматалъул аскараз гIадатиял гIадамал чIван ва азарханабазде бомбаби ран рукIиналъул.
Гьединго абулеб буго оппозициялъул къукъабаз, гьездаго гьоркьор гьезул рахъ ккун рагъулел къватIиса рагъухъабаз асирал чIвалел, гъоркьлъалие гIадамал росулел рукIанин ва гIадатиял гIадамаз гIумру гьабулел авалазде кьвагьулеб букIанин.
Докладалда бицен гьабулеб буго исана 15 маялдаса 15 июлалде щвезегIан улкаялда кколеб букIаралъул.