Пакистаналъул тIадегIанав хъулухъчияс лъазабуна Исламабадалда ракIалда бугин тIалибазул нухмалъулев хисулевлъун вукIарав мулла ГIабдулла Гъани Барадари туснахъалъуса нахъе виччазейин. Гьеб галиялъул мурадги бугин мадугьалихъ бугеб Афгъанистаналда 12-гIан соналъ халат бахъунеб бугеб рагъуе ахир лъеялъе квер-бакъийин. Афгъаназул нухмалъигун гьарулел ракълилал кIалъа-ралъаяздаги гьев эркен гьави тIалаб гьабулеб букIана тIалибаз. Гьев вуго Пакистаналда кквезе щварав тIалибазул бищунго тIадегIанав вакил. Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шарифил гIакълучи Сартай ГIазизица лъазабуна талат къоялда информалатазе Барадари виччаялъул къотIи гьанжеялде гьабун бугин, амма заман мухIкан гьабун гьечIин. РакIалде кколеб бугин гьев гьаб моцIалда жанив виччазе вугин. Шамат къоялда Пакистаналъ лъазабулеб букIана жеги анкьго тIалибав эркен гьавиялъул.