Путиница ахlана Шималияб Кавказалда къватIисел улкабазул хIаракатчилъи кьварун къотIизабизе

Россиялъул президент Владимир Путиница ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Щураялда итни къоялда лъазабуна Шималияб Кавказалда къватIисел улкабазул ва халкъаздагьоркьосел идарабазул Россиялде данде гьабулеб хIаракатчилъи кьварун къотIизабизе кколин. Гьесул рагIабазда рекъон, гьезда Шималияб Кавказ жакъаги бихьулеб буго Россиялдаго ахIвал-хIал хIалуцинабизе плацдармлъун.
Путиница гьединго абуна, Шималияб Кавказалда инсанасул ихтиярал хвезарулел ругин халкъаздагьоркьосел идарабазул докладазда, гIиллаго гьечIого, гьарулел гIайибалги жаваб кьечIого тезе кколарин. «Жидехъго балагье-гьезул дагьалищ ругел инсанасул ихтиярал хвезарурал хIужаби»-ян абуна Путиница.