Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица Америкалъул къанунал къабул гьабуразде абуна Сириялъул хIукуматалъул аскариязде гьужум гьабиялъ Аль-КъагIидаялъе пайда кьезе гьечIин.
Башар Асадил низамалде данде чIолел дагь-дагь ккун гIодоре риччараллъун кколел ругин, тIаде жубана Джон Керрица. Амма Россиялъул президент Владимир Путиница гьелда бан абуна, гьеб бугин лахI чIегIераб гьересиялда релъараб калам.
Щайдай Сириялъул оппозиционияб багъа-бачариялда Аль-КъагIидаялъул къуватал ругищ-гьечIищали абураб масъала баккараб?
Америкалъул къанунал къабул гьарулез дандбалеб буго Сириялде рагъулаб кьаби гьабиялъул суал. Гьединаб гьужумалде данде чIолезул пикруялда гьелдалъун Аль-КъагIидаялъул къуватаз пайда босизе бугин.
Гьадинаб аргумент хасго Башар Асадил режималъ цебе лъолаан ахирисеб заманалда – гьениб оппозиция гьечIин, гьенир террористал ругин абун.
Россиялъул пачалихъиял хъулухъчагIаз гьеб дурус гьабулеб буго – Сириялъул оппозициялъул кьучIлъун Аль-КъагIида бугин абун.
Щибха гьабулеб бугеб Барак Обамал администрациялъ?
МухIканал рикIкIенал рагьараб къагIидаялда загьирарун гьечIониги, цо-цо балъгоял брифингазда сенаторазе ва конгрессменазе гьадинаб информация кьун бугоан.
Амма 3 сентябралда байбихьараб данделъиялда Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица абуна аслияб къагIидаялда гьеб мекъаб информация бугин. ГьабсагIат Сириялъул оппозициялда гъорлъ ругел экстремистазул къадар 15-20 проценталде гурони тIокIаб эхеде бахунеб гьечIин. Оппозициялъул гIаммаб къадарийн 100 000-ялде бахунеб буго.
Джон Керри: «Оппозиция къойидаса къойиде гIодобе биччараблъун кколеб буго. Гьезул тIалабазда гъорлъ рагIула демократикиял къиматал ва конституциониял ихтиярал цIуни. Сириялъул букIинесеб гьезда бихьула дингияб гуреблъун».
Щибха нилъеда лъалеб Сириялда Аль-КъагIидаялъ гьабулеб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ? Гьадинаб суал цебе лъолеб буго ЭР-лъул мухбир Рон Сыновицица.
Буго гьениб гьелъул кIиго гIаркьел – Абу-Бакр Багъдадица нухмалъи гьабулеб «ГIиракъалда аль-КъагIида» абураб. Араб моцIалда Америкалъул пачалихъияб департаменталъ лъазабуна дов Багъдадица жидерго рагъулаб база ГIиракъалдаса Сириялде гочинабунин.
КIиабилеб кIудияб жамагIатлъун кколин ва «ЖабхIат аль- Нусра» абураб. Гьелъие тIалъи гьабулеб бугот Сириялъул гражданин МухIамад аль Голаница.
Гьеб гIуцIиялъ рагьараб къагIидаялда лъазабулеб буго жидер шулиял бухьенал ругин Аль-КъагIидаялъул цевехъан Айман Завахиригун.
Лондоналда бугеб Къиралалъул Колледжалда исламияб экстремизмалъул цIех-рех гьабулев эксперт Шираз Махерил хIисабалда Сириялъул оппозиционеразда гъорлъ гIемерал мужагьидал ругин гьеб улкаялда шаригIат тIад чIезабизе бокьулел.
Амма руго гIицIго жидерго эркенлъиялъе гIоло рагъулел миллатчагIиги. Амма Аль КъагIидаялъул мужагьидазул кодоб гIадаб бугеб къадаралда гIарацги, гулла-херги, ярагъ-матахIги гъозул гьечIин.
Шираз Махерица абулеб буго хасго гьеб хIужаялде балагьун Магърибалъул интервенция хIажалъулаблъун бихьулилан.
Брукингс институталъул гIелмияв директор Брюс Риделида ккола Сириялда ругел Аль-КъагIидаялъул гIаркьелазул кIудияб асар бугин ва Цолъарал Штатазда тIадаб бугин гьел тIагIинаризе.
Россиялъул президент Владимир Путиница гьаб анкьида абуна Джон Керри гьерсихъан вугин.
Аммаила, абулеб буго нижер радиоялъул мухбир Рон Сыновицица жиндирго макъалаялда, гьениб цебеккунго мухIкан гьабизе кколин гьадинаб хIужа - Сириялда Аль КъагIида гьечIилан Джон Керрица абичIо. Гьеб бугин Россиялъул президентасул гъалатI.
Владимир Путин: «Дица гIинтIамуна Конгрессалда рукIарал дебатазухъ. Цо конгрессменас суал кьолеб буго - хIурматияв Керри, доба аль-КъагIида бугищилан? - Йохъилан, гьес жаваб кьолеб буго. ЧIван къотIун дица абулеб буго гьечIин.
Амма доба бугеб аслияб бутIа «Аль-Нусра» ккола аль-КъагIидаялъул бутIалъун, ва гъозда гьеб лъазеги лъала. Дир ракI рекъолеб букIинчIо гьелда.
Нижеца кIалъа-басаял гьарулел руго, нижеца гьел гIадатиял гIадамаллъунги рикIкIула. Амма гьес лахI чIегьераб гьереси бицунеб буго. Ва гьесда лъала гьеб гьереси букIин. Гьеб буго пашманаб хIужа».
Америкалъул президент Барак Обамацаги ва пачалихъияв секретарь Джон Керрицаги конгрессменазеги сенаторазеги хас гьабун абуна Башар Асадил режималъул кодоб бугеб химикияб ярагъ Аль-КъагIидаялъул къеркьохъаназде кодобе щвей биччан тезе бегьуларин, гьеб бугин цебе бугеб тIоцебесеб масъала.
Хасго гьелъие гIоло хIажатаб бугин рагъулаб операция. Гьедин гурони, тIокIаб рес гьечIин гьеб химикияб ярагъ тIагIинабизе ялъуни гьеб нахъе босизе, ян абуна Джон Керрица.
Джон Керри: «Асад тIаса рехиялда хурхараб Барак Обамал политика дагьаб кIвар бугеб хIужа гуро. Щай гурелъул Сириялда халат бахъунеб гражданияб рагъда гьаб пасалъи гьабулеб яргъидаса гьев махIрум гьавизе ккола.
Гьеб гуребги нилъер миллияб хIинкъи гьечIолъиялъул кIвар бугеб бакIлъун Сирия букIиналъ – химикияб яргъидаса щибаб рахъ махIрум гьаби гуребги, нилъеде данде ялъуни нилъер гьудулзабазде данде чIарал Аль-Нусраялъул рагъуханазе ялъуни цогидал эктремистазе гьениб бакI кьезе гьечIо нилъеца».
Эркенлъи Радиоялъул мухбир Рон Сыновецил макъалаялдаса босараб