Сириялдаса лъутун вуго 2 млн чи

Гражданияб рагъ байбихьаралдаса Сирия тун буго кΙиго миллионалдаса цΙикΙкΙун чияс.

Гьелъул хΙакъалъул талат къоялда лъазабуна Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул бакΙал тун лъутизе ккаразул ишазул рахъалъан идараялъ. Гьелъул вакил Антониу Гуттьерешица лъазабуна, Сирия бахъанин гΙасруялъул бищунго кΙудияб трагедиялъунин.

Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул информациялда рекъон, щибаб къойил сириялъул мадугьалил улкабазде вачΙунев вуго щуазаргогΙанав чи. Жибго улкаялда доре гьанире ине ккаразул къадар тΙаде ун буго ункъго миллионалдасаги.