Радио Эркенлъи (архив) МахΙачхъалаялда чΙван руго полициялъулал Сентябрь 03, 2013 Жал щалали лъаларел чагΙаз МахΙачхъалаялда чΙван вуго кΙиго, лъукъун вуго цо полициялъулав. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ. ТΙадекΙанцΙаразе лъутизе щун буго чΙегΙераб Lada Priora машинаялда.