HRWялъ гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго Азербайджаналде

Human Rights Watch абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъ Азербайджаналде гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго нухмалъиялъул политикаялда рази гьечΙезде данде ургъунго гьел хΙакъир гьариялъул стратегия хΙалтΙизабиялъул.

Гьеб гΙуцΙиялъ гьединаб хьвада-чΙвади хурхинабулеб буго улкаялда октябралда рукΙинесел президентасул рищиял гΙагарлъулел рукΙиналда.

HRWялъ 2 сентябралда бахъараб докладалда кΙвар буссинабулеб буго нухмалъиялъ оппозициялъул хΙаракатчилъи талхизабизе, тΙадтарал какиялъе ресал къотΙизаризе ва хΙукуматалъулгурел гΙуцΙиязул хΙалтΙи контролалде гъоркье босизе гΙамал гьабулеб букΙиналде.