Рузман къоялъ тIибитIизабураб жиндирго лъазабиялда «ГIиракъалда ва Леванталда Исламияб пачалихъ» ян абулеб «Аль-КъагIидаялъул» бутIалъун рикIкIунеб гIуцIиялъ жинда тIад босана Багъдадалда шиитазул авалазда гьабураб цо чанго теракталъул жавабчилъи.
Гьезул хIасилалда 70-гIан чи чIван, 200 гIанасевги лъукъана. Рехсараб гIуцIиялъ мухIкан гьабуна гьеб бугин шиитазул хIукуматалъул хIукмуялдалъун 17 суннит чIваялъухъ къисас боси.
Гьел суннитал террористаллъун рикIкIун ругоан.