«Бархъали» ансамблалъе 55 сон (видео)

Your browser doesn’t support HTML5

«Бархъали» абураб ансамбль гIуцIаралдаса 55 сон тIубай ракIалде щвезабуна 27 августалда МахIачхъалаялда. Гьеб дандеруссин тIобитIана Этникияб Культураялъул централда. «Бархъали» ансамблялда гъорлъ буго аслияб куцалда Гаммадовал абурал чагIазул хъизан. 1958 соналда гьелъие кьучI лъурав Гаммадов Качуе кьуна Дагъистаналъул, Чачаназулгун Гъалгъаязул, Кабардагун Балкариялъул культураялъул мустахIикъав хIаракатчи абураб цIар. Жидер эбел-инсуца гIуцIараб кьурди-кечIалъул къокъа гьанже нухда бачунеб буго Качул ясал ПатIиматицагун Маисатица. Этникияб Культураялъул централда цере рахъарал бархъалисезда гьоркьой ригьалъ бищун кIудияй йигоан ГIайшат ИсмагIилова. Гьел киналго рукIана умумузул ратIлида гъорлъ. Гьеб ретIел-куналда ран рукIана чанго гIасруялъ цереккунго гьарурал гIарцул къадирабиги. Кьурди-кечIго гIадин бархъалисез гьалбадерие бачIун бугоан умумузул квенги – ролъул мугьги махъухъги. Бархъали ккола дарги миллаталъул ГIахъуша мухъалда бугеб тумазул росу. Дагъистаналда гьел машгьурал руго щагIихъаби хIисабалда. ЩагIил гьарурал хIамулгун, хараби ва ясикIабиги рачIун ругоан бархъалисез гьеб байрамалде. Видео бахъана Хlажиева Зульфияца.