25 марталдаса байбихьун 29 сентябрялде швезегIан «Россия – 1» телеканалалъги, ГIурус Географикияб ЖамгIияталъги россиялъул цо-цо телеканалазул ва радиостанциязул квербакъиялдалъун тIобитIулеб буго «Россия-АнцIго» абулеб гьаркьал кьеялъул тадбир. Интернеталдалъун ва смс-лъазабияздалъун гIадамаз тIаса бищизе ккола Россиялъул бищун берцинаб, бищун камилаб ва къиматаб анцIго бакI.
ГьабсагIат тIоцебесеб бакI кколеб буго АхIмад Къадыровасул цIаралда бугеб Грозный шагьаралъул мажгиталъ.
Дербенталъул Нарын-хъалаялъе Хамиз къоялде кьун буго 1 213 500-ялдаса цIикIкIараб гьаракь. Ва гьелъ кколеб бугоан 14-18 бакI.
Гьеб некIсияб тарихияб гIаламаталъе гьаркьал кьейилан абураб ахIи барав Дагъистаналъул ЖамгIияб Палатаялъул вакил, тохтур ва хъвадарухъан ГIабдулхабиров МухIамадица абулеб буго Нарын-хъала жеги тIадегIанаб даражаялъе мустахIиклъун бугин, аммаила гьадин кколеб гьечIин жалго дагъистаниязул ва республикаялъул тIадтаразул агъáзгьечІолъи букIиналъ.
Нарын-хъалаялъе гьаракь кьезе бегьула гьаб сайталда: http://10russia.ru/object_35

Your browser doesn’t support HTML5