Цолъарал Штатаз кIодо гьабулеб буго 1963 соналъул 28 августалда «Вашингтоналде гьабураб маршилан» абулеб гражданиял ихтиярал цIуни мурадалда ракълилаб хьвади тIобитIаралдаса 50 сон тIубай.
Гъоб тадбиралда гIахьаллъана 300 000 гIан чи. Доб къоялъ гражданиял ихтияразе гIоло абулеб багъа-бачариялъул цевехъан Мартин Лютер Кинг цеве вахъана «Дир аниш буго», - ян абулеб жиндирго тарихияб каламгун.
Хасго гьеб калам рикIкIунеб буго чIегIерал гIадамазулихтиярал цIуниялъул рахъалъан Америкалъул жамгIияб ва политикиял гIумру хисизабураб хIужалъун.