Британиялъ Сириялда хурхараб резолюция хIадур гьабулеб буго

КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Гураялъул щуго кидагосеб мушавара-улкаялдехун вуссун, ахIи бана Лондоналъ Сириялда хурхун хIадур гьабулеб резолюция жавабчилъигун гIадахъ босе ян абун.

Ингилизазул премьер-министрасул вакиласул баяналда рекъон ракълилал гIадамал цIуни мурадалда гьабулеб щибаб ишалъе изну кьолеб бугин гьеб резолюциялъул проекталъ.