Деньга Халидов: «Абхазия нейтралияблъун букIарабани – лъикI букIинаан»

Абхазиялъул телевидениялъе интервью кьолаго, Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Абхазиялъулги Жанубияб Гьиристаналъулги лъидаго бачIеблъи къабул гьабулел улкабазул къадар соналдаса соналде цIикIкIине бугин.
Лавровасул рагIабазда рекъон Магърибалъул улкабазул цебеккунго гьабураб пикру бугин Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалда.

«Лъугьа-бахъунеб щинаб бихьулеб бугониги, гьез кІирекІарал стандартал хIалтIизарулел руго», - ян тIаде жубана Сергей Лавровас.

Гьел рехсарал республикабазул лъидаго бачIеблъи Москваялъ къабул гьабуна 2008 соналъул август моцIалда букIараб Россиялъулгун Гуржиялъул рагъдаса нахъе.

Жиндир иргаялда Тбилисиялъ Москваялъулгун рукIарал дипломатикиял бухьенал гьоркьоса къотIун, Абхазия ва Жанубияб Гьиристан лъазаруна Россиялъул оккупациялде гъоркь ккарал территорияллъун.

Сергей Лавровас гьабураб лъазабиялда тIаса гьадинаб баян кьуна Эркенлъи радиоялъе гIалимчи, Геополитикияб Академиялъул вицн-президент Халидов Денгаца.

Your browser doesn’t support HTML5

Д.Халидов: "Лавровасул каламалъул магIна"


Бегьулищ Абхазиялъул ва Жанубияб Гьиристаналъул лъидаго бачIеблъи къабул гьаби политикияб прецедентлъун рикIкIине? Кавказалъул цогидал республикабазул цо-цо хIаракатчагIаз гьеб хIужа хIисабалдеги босун, жидерго республикабазул лъидаго бачIеблъи тIалаб гьабиларищ заман щвараб мехалда?

Гьадинго баккулеб суалалъе жаваб Халидов Деньгаца мисалалъе бачунеб буго Гьалкъояз Чачан республикаялъул бетIер Кадыров Рамзаница гьабураб лъазаби - жинцаги, тIолго чачан халкъалъги Чачанлъиялъул лъидаго бачIеблъи тIалаб гьабулеб гьечIин абураб.

Your browser doesn’t support HTML5

Д.Халидов: "Политикияб прецедент гьеб гуро"


Абхазиялъул ва Жанубияб Гьиристаналъул букIинеселда Халидов Деньгал гьадинаб пикру буго.

Your browser doesn’t support HTML5

Д.Халидов: "Абхазия нейтралъияблъун букIани лъикI"