Китаялъул хъулухъчиясе кьварараб тамихI гьабизехъин буго

Китаялъул Цзинань шагьаралда ахиралде щвана Чунцин шагьаралъул коммунист партиялъул комитеталъул вукIарав бетIер Бо Силаие гьабураб диван.

Гьесда чIвараб гIайиб – ришватчилъи ва жиндирго ихтиярал гIорхъолъа борчIараб хIалалда хIалтIизари.

Хасго ункъго миллион долларалъул ришват боси.

Китаялъул къануналда рекъон гьелъухъ гьев гIумруялъго жаниве тIамизе ккола. Живго Бо Силаица гьеб гIайиб нахъ чIвалеб буго.

ТохалчагIазул хIисабалда гьедегIан кьварараб жаза гьесие гьабизе гьечIин.