Сирия: ахIвал-хIал хIалуцунеб буго

Сириялъул президент Башар Асадица абуна хIукуматалъул аскариязде Магърибалъ гIунтIизабулеб гIайибалъул политикияб мурад бугин.

Гьениб унеб бугеб рагъда аскарияз химикияб ярагъ хIалтIизабулеб буго ян абулеб хабар багьанадуеги босун, Магърибалъул улкабаз хIадурлъи гьабулеб бугин Сириялъул конфликталде гъорлъе журазе, къеркьохъаназул рахъги ккун.

«Гьениб лъугьа-бахъараб инкъилабги гурин реформаби гьари ян абулеб тIалабги гурин. Гьеб бугин унго-унгояб терроризм», - ян лъазабуна Башар Асадица «Известия» газетаялъе интервью кьолаго.

«ГIурхъаби гьечIел тохтурзаби» абулеб гIуцIиялъул баяналда рекъон Сириялда химикияб ярагъ хIалтIизабиялъул хIасилалда 355 чи гIумруялдаса ватIалъанин.

Гьеб гIайиб цоцазде гIунтIизабулеб буго хIукуматалъги аскариязги.

Британиялъул премьер-министр Уильям Хейгица абуна Сириялъул хIукуматалде данде халкъаздагьоркьосел тадбирал гьаризе бегьулин Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул хIукму гьабичIого.

Туркиялъул тIадтараз лъазабуна жалги хIадурал ругин гьединаб хIукму гьечIого Башар Асадил низамалде данде рахъине.