Каиралда Мубаракида тIад процесс

Мисралъул вукIарав президент 85 сон барав Хосни Мубарак гьатIан къоялда эхетун вукIана Каиралъул диваналда цеве. Гьенир унел рукIана 2011 соналда демонстрантал хвеялъулъ гьесул гIахьаллъи букIиналда сверун ишалъул гIенеккиял. Гьеб мехалда халкъалда ва полициялда гьоркьор рукIарал тунка-гIусиязул хIасилалда Мубаракица хъулухъ тезе ккун букIана.
Гьел гIенеккиял унел рукIана Мубарак туснахъалъусаги виччан рокъосел шартIазда жанив тIамун вугелдаса лъабго къо индал.
Гьебго заманаялда Мисралъул тахшагьаралда байбихьизе кколаан «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъул лидер МухIамад Бадил ишалъул гIенеккиялги. Амма Бадиги гьесул рахъ кколелги диванханаялде рачIинчIо жидер хIинкъигьечIолъи цIуниялъул рахъ букIине кколедухъ гIуцIизе рес гьечIин абун. Гьединлъидал диванханаялъул гьеб данделъи октябралде нахъ бахъун буго.