Карзай гlедегlулев гьечlо Америкагун къотlи гьабизе

Афгъанистаналъул президент ХIамид Карзайица лъазабуна шамат къоялда Кабулалда Америкагун 2014 соналде щвезегIан Афгъанистаналда америкалъул аскарал рукIиналъул шартIазда хурхараб рагъулаб къотIи-къай гьабиялъулъ кинабгIаги хIажалъи бихьулеб гьечIин жидедайин.
Америкаялъул штабазул нухмалъулезул Цолъизабураб Комитеталъул бетIер генерал Мартин Демпсица загьир гьабуна гьеб къотIи-къай октяралдегIаги къабул гьабизе букIиналда хьул. Гьеб мехалда рагIалде бахъуна президентлъиялда Карзайил болжал. Демпсица гьединго мухIкан гьабуна, гьеб къотIи-къай къабул гьабичIони, америкаялъул аскарал Афгъанистаналда инструкторалги гIакълучагIиги течIого нахъе ине ругин.
Июналда Карзаица чIезе тун рукIана 2014 соналда америкаялъул аскаразул бутIана нахъе араб мехалда рагъулаб рекъонхIалтIиялда сверун Вашингтонгун унел рукIарал кIалъа-ралъаял. Гьелъеи гIиллалъун ккун букIана Америкаялъ ва Пакистаналъ Катаралда тIалибазул вакиллъи рагьиялъул рахъ кквей.