300 гIурусаз жидерго республика лъазабулеб буго

Гьалкъояз Ростовалда тIобитIараб гIурусазул миллатчагIазул митингалда «Халкъияб гIор» абулеб жамгIияб багъа-бачариялъул церехъабаз лъазабуна Ставрополь икълъималда ГIурусазул республика бук1ине бугин абун. Гьелда разиял гьечIо некIо заманалда гьеб ракьалда гIумру гьабулеб букIарал чергесаул наслудул чаг1и гурелги – цогидал гIурус миллатчагIазги.
«Халкъияб гIор» абулеб багъа-бачариялъул церехъабазул цояв Сергей Поповас абуна, Ставрополь икълималда митингазул заман лъугIанин, гьанже жидеца хIадурлъи гьабулеб бугин гIурус халкъалъул данделъиялде ва жиндир хиял бугин Ставрополялъул ГIурус Республика лъазабизе. Ва гьеб бугин Россиялда федералиял округазде данде гьабулеб ишилан.

Жанубияб Федералияб округалда цIикIкIунеб этникияб такъсирчилъияялъ рахIат хвезабулеб буго, ян абулеб букIана Ростовалда тIобитIараб гIурусазул миллатчагIазул митингалда гIахьаллъараз ва тIалаб гьабуна миграционияб политика кьваризаби.

ГIемерал гIадамаз жиндирго квербакъи загьирабуна гьелъие.

Амма Черкесск шагьаралдаса жамгIияв хIаракатчи, Адыгазул Миллияб Федералияб культурияб автономиялъул бетIер Александр Охтовасул пикруялда гьадинал хIукмаби гьабизегIан гIурус милатазул гIадамазда гуребги – регионалда гIумру гьабулел цогидал миллатазул вакилзабаздаги гьикъабакъи гьабизе ккола.

Александр Охтов: “Киналго чергессазул ва киналго жамгIиял гIуцIабазул цIаралдасан абизе дида кIоларо, дица дирго напсияб пикру загьирабила: Ставрополь икълималда пуланаб республика гIуцIиялъул хIакъалъул бицен гьабуни, дида ккола гIурусазул республика гIуцIулеб букIарабани - тIоцебесеб иргаялда гьединаб республика гIуцIитзе ккелаан Москва икълималда.

НекIо заманалда доба букIун гьечIищ гьадинаб пачалихъ?!

Ставропольялъулийн бицани - гьеб ккола адыгазул чергессазул некIсияб ракь. Гьединлъидал чергесал гьадинаб жигаралда разиял рукIине ругин абураб жоялда хьул лъезе бакI гьечIин дида ккола.

КIиабизеги, гьадинаб жигаргун церерахъизегIан, гьенир гIумру гьабулел цогидал миллатазул гIадамазулгун суал дандбазе. Дида ккола, гьеб бугин мекъаб хIукму”.

Ростовалда тIобитIараб тIадехун рехсараб митинг гIуцIун букIана «ЯхI-намусалъе гIоло ва этникияб такъсирчилъиялде ва коррупциялде данде» абураб игIланалда гъоркь. Митингалъул жигарчагIилъун цере рахъана «Ях-намусалъе гIоло» абулеб жамгIияб багъа-бачариялъул церехъаби.

Гьезул цояв - Максим Федоренкоца Эркенлъи радиоялъе абуна, Россиялъул пачалихъ бикьи – данде кколареб иш бугин ва жинцаги жиндир ищцоязги гьелда разиял гьечIин.

Максим Федоренко: "Нижеца абула, миллиял квартирабаз улка бикьизе кколарин. Щибаб миллияб питна баккула гIадамазда гьоркьор гуреб - коррупциялда гъанкъарал мухъазул администрациязул, низам цIунулел гIуцIабазул даражаялда ва криминалиял къукъабазда гьоркьоб.

Миллатазда гьоркьоб бугеб баккизабулеб конфликт - гьеб буго жиндирго мурадазе гIоло тIадтараз хIалтIизабулеб алат.

Чачанузулги, магIарулазулги, гъарачаязулги, гIурусазулги цогояв тушман вуго - коррупциялда гъанкъараб тIалъи.

БакIалъул даражаялдаги . Москваялда ругел пачалихъиял хъулухъчагIазул даражаялдаги

Гьадинабго пикру буго Александр Охтовасулги.

Александр Охтов: “Гьеб ккола жакъасеб Россиялъул пачалихъ, Россиялъул Федерация биххиялдехун тIамураб гали.

Нагагьлъун жакъа гьадинаб цIияб пачалихъияб гIуцIи баккани, Россиялъул Федерациялъул цогидал бакIаздаги хъващтIан раккила гьелда релъарал.

Щивас жиндехунго цIийи цIикIкIине гьабила. Ахир-къад гьелдалъун Россиялъул пачалихъ биххила”.