Мисралъул туснахъалъуса эркен гьавун вуго улкаялъул президентлъун вукIарав Хосни Мубарак. Рагъулаб тирелоялъ «Тора» абулеб туснахъалъуса гьев щвезавун вуго Каиралда гъоркьехун бугеб Маади шагьаралъул азарханаялде. АрбагI къоялда диванханаялъ нахъе бахъун букIана гьесда гIунтIизабулеб букIараб коррупциялъул гIайиб. 30 соналъ улкаялъе нухмалъи гьабулев вукIарав 85 сон барав Мубаракица туснахъалъуб бана кIигогун бащдаб сон гIанасеб заман.