Диванханаялъ гьабун буго Мубарак эркен гьавизе хIукму

Хосни Мубарак, Каир, 13Апр2013

Каиралъул диванханаялъ арбагI къоялда къабул гьабун буго Мисралъул вукIарав президент Хосни Мубарак туснахъалъулса эркен гьавизе хIукму. Лъазабулеб буго диванаханаялъ нахъе бахъанин гьесда гIунтIизабулеб букIараб коррупциялъул гIайиб, гьеб кьочIое босун вуго гьев Тора туснахъалъув ккун.
France-Presse агентлъиялъ лъазабухъе, жеги бичIчIулеб гьечIо гьев хъващтIан эркен гьавизе вугевищали.
ХIукуматалде данде рукIарал акциязул гIахьалчагIи чIваялде 85 сон барав Мубаракил гIахьаллъи бугищали абураб суалалъул цIех-рех жеги унеб буго ва гьеб процессалъухъ эркенлъуда балагьун чIезе изну кьун буго гьесие диванханаялъ. 30 соналъ Мисралъул нухмалъиялда вукIарав Мубарак рехун вукIана 2011 соналъул февралалда.