Мушаррафида гIунтIизабуна Беназир Бхутто чIваялъул гIайиб

Пакистаналъул вукIарав президент Первез Мушарраф, Дубай, 23 Март, 2013

Пакистаналъул вукIарав президент Первез Мушаррафида гIунтIизабун буго 2007 соналда улкаялъул премьер-министрлъун йикIарай Беназир Бхутто чIваялъул гIайиб. Равалпиндиялъул диванаханаялъ къараб данделъиялда Мушаррафида гIунтIизабуна гьей чIваялъул ва гьей чIвазелъун балъгояб къотIи гьабиялъул гIайиб. Мушарраф мукIурлъичIо гьеб такъсиралъе.
Гьев диванханаялде унеб къотIноб кIудияб цIуна-къай чIезабун букIана полициялъ.
Жиндиего бокьун улкаялдаса нахъе ун вукIарав Мушаррафиде исана март моцIалда Пакистаналде тIадвуссаралдаса гIунтIизарулел руго нухмалъиялда вукIарав 2001-2008 соназда гьарурал батIи-батIиял такъсиразде гьесул гIахьаллъи букIиналъул гIайибал. Гьанже диванханаялъ хIукму къотIи- гьеб буго Пакистаналъул тарихалда жанибго улкаялъул рагъулав нухмалъулесда гIайиб гIунтIизабиялъул тIоцебесеб нух.