Гьедин арал гIодоркъояздаги Дагъистаналъул кIиго батIияб мухъалда низам цIунелез тIоритIарал тадбиразул хIасилалда чIван вукIана анлъго чи.
Бунахъскалда хасаб операция къуваталъул идарабаз байбихьун букIанин талат къоялъул рогьалил гIужалъгоян лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул лъалкI низам цIунулезда тIатун буго шагьаралъул Островскиясул цIаралда бугеб къотlноб бугеб минаялъуб. Ярагъги гIодоб лъун кверде рачIаян полициялъулаз абидал жавабалъул бакIалда кьвагьи лъун буго рокъор рахчун рукIараз. Гьедин лъазабулеб буго низам цlунелез.
СагIат анцIгоялде гIагарлъараб заманалда хасаб операция рагIалде бахъун буго. Сверун ккун рукIаразул щугояв чIван вуго. ЧIваразда гьоркьов рагIула живго яргъид гlуцlарал жанир рахчун рукIараб минаялъул хважаинги гьединго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул бетIерги. Кьвагьа–гIанхъия
Араб лъабго къоялда жаниб Дагъистаналда тIоритIарал хасал операциязул хIасилалда Буйнахъскалда чIваралги малъун кинавниги изну гьечIого яргъид гIуцIаразул 11 чи чIван вуго республикаялда. Шамат къоялъул къаси Манас абулеб росдадаса цо километралъул манизилалъ рикIкIада «Кавказ» шагьранухада аскIор чIван ватана лъабго чи, щаклъи буго гьел изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялдаса ракlиналда.
Гьединго августалъул 18-абилеб къоялъ Улкаялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъухъе щун буго Хасавюрталда бугеб цо рокъор рахчарал яргъид гIуцIаразул хIакъалъулъ баян. Хехал тадбиралги тIоритIун гьеб мина сверун ккун буго къуваталъул идарабаз. Яргъид гIуцIараз хIалбихьун буго гьеб горсвериялда рорчIизе, амма гьезул жо ккечlо. Низам цIунулез гьел лъабалго бакIалдаго чIван руго.
Гьединго гьал къоязда Дагъистаналъул ЦIумада мухъалда полициялъул хIалтIухъабаз тIатинабун буго яргъид гIуцIаразул абулеб мархьиги.
Лъабго метр гIеблъигун халалъуда бугеб гьезул рукIен батун буго мухъалъул Хьвани КIунда абулеб росдадаса кIиго километралъул рикIкIалъуда бугеб рохьоб. Оперативиял баяназда рекъон, гьеб рукIеналъул хважаин кколев вуго 1987 соналда гьавурав Эчеда росулъа Хучбаров МухIамад, гьев цевегоялдаса нахъе валагьулев вуго терроралъулаб къукъаялъул гIахьалчи хIисабалда.
Полициялъулаз лъазабулеб буго гьениб батанин кьвагьулел ялатал гьаризе хlажалъулеб тIагIел-алатги, кьвагьул алат кин гьабулебали хъвараб чанго даптарги, дарабигун кванил нигIматалги, бусен-къайиги, экстремистазул литература ва цогидабги къайи-цIаги. Гьеб кинабго цIаги гъун бухIанин лъазабулеб буго низам цIунулез.