Миср: гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам

Мисралда чIваразул жаназаби. 2013 соналъул Августалъул 15.

АрбагI къоялъ Мисралда байбихьараб низам биххиялъул хIасилалда 520 чи чIван ва аза-азар лъукъун вуго, ян лъазабуна Хамиз къоялъ гьел улкаялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ.

Гьел кколаан протесталъул мархьи гIуцIарал тIаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккурал.

Рехсараб министерлъиялъул баяналда рекъон 113 чи чIван вуго Рабаъа эль-Адавиъа абулеб мажгиталда аскIоб багъарараб тунка-гIуссиялда.

Нахда абулеб майданалда аскIов чIван вуго 23 чи. Хамиз къоялъ «Вацал-бусурбаби» багъа-бачариялъул рахъ ккураз гьужум гьабун буго хIукуматалъул минаялде.

Тунка-гIуссиял рукIана гьединго Эль-Искандерия (Александрия), Эль-Минья, Асьют, Эль-Файюм ва Суэц шагьаразда. Мисралъул президентлъун заманалъ тIамурав Адли Мансурица лъазабуна гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам. Гьеб низам халат бахъине буго моцIалъ.

Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъаница Хамиз къоялъ лъазабуна хIажалъи бугин Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъул иргадулаб гуреб данделъи ахIизе.