Мисралда цIияб зулму

Каиралда 14 августалда бахъараб цIияб зулмуялъул карачелалъул хIасилалда 13 чи чIван вуго, ян дурус гьабулеб буго Мисралъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ.

АрбагI къоялъул радал хIинкъи гьечIолъи цIунулел къуватаз байбихьана тIаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккураз гIуцIараб протесталъул мархьи биххизе.

«Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул лъазабиялда рекъон чIван вугин гIага-шагарго 800 чи.

France-Presse агентлъиялъул мухбирас абулеб буго мажгиталда аскIоб жинда 40-гIан жаназа бихьанин.

Амма жанисел ишазул министерлъиялъ гьеб нахъ чIвалеб буго. ТIадтараз абулеб буго хасго протесталъул акциязул гIахьалчагIаз гьужум гьабун букIанин полициялъулазде. КIигояв чIванги вугин.