Суданалда хвасар гьабун буго тирелоялъул экипаж

Суданалъул Дарфур абулеб регионалда асирлъуде ккараю МИ-8 тайIпаялъул тирелоялъул экипаж хвасар гьабун буго, ян лъазабун буго телефоналдасан Суданалъул авиациялъул хъулухъалъ.

10 къоялъ асирлъуда рукIана Украиналъул кIиго ва Суданалъул цо гражданин. Тирело ижараялъе босун букIана Россиялъул компаниялъ.

Гьелъул экипажалъ гьениб хIалтIи гьабулеб букIана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъулгун гьабураб къотIиялда рекъон.

Амма кинабгIаги пачалихъияб ишара тирелоялда тIад букIинчIо.