Нигериялда мажгиталде гьужум гьабун буго

Нигериялъул Кондуга абулеб шагьаралъул мажгиталде гьатIан къоялъ гьабураб гьужумалъул хIасилалда 40-гIан чи чIван вуго, 20 чи лъукъунги вуго.

Борно абулеб штаталъул тIадтараз лъазабухъе гьаб регионалда коммуникациязул бухьеназул мукъсанлъи бакIиналъ, гьаб хIужа баянлъана сордо-къо ун хадуб.

Гьединал бухьенал гьоркьоса къотIун ругоан регионалда гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам лъазабуралдаса нахъе.

Гьениб бугеб радикалиял бусурбабазул «Боко хIарам» абулеб гIуцIиялъул къеркьохъаназде данде рагъулаб операция байбихьана гьалкъояз.

Гьез тIалаб гьабулеб буго лъидаго бачIеб бусурбабазул пачалихъ гIуцIи.

Рехсараб гIуцIиялъул гIахьалчагIаз ризго тIаде кIанцIиял гьарулел руго ГIисал диналъул килисабазде. Амма мех-мехалъ гьез бусурбабаздеги гьарулел руго гьужумал.