Йеменалда 5 аскарияв чIван вуго

Йеменалда чIван вуго хIукуматалъул щуго аскарияв.

Франс-пресс агентлъиялъул баяналда рекъон шалали лъаларез Балхаф абулеб шагьаралда аскIоб бугеб армиялъул балагьутIа-бакIалде рачIун, автоматаздалъун речIчIун рукIанин.

ТIаде кIанцIаразда лъутизе кIванин, лъазабуна Йеменалъул рагъулаб тIалъиялъ.