Америкалъ Сочиялъул Олимпиадаялъе бойкот гьабиларо

Цолъарал Штатазул хиял гьечIо 2014 соналда Сочиялда букIинесеб Олимпиадаялъе бойкот лъазабизе.

Гьадин лъазабуна хамиз къоялъ ХъахIаб Рукъалъул пресс-секретарь Джей Карница.

Гьединаб иш лъиениги пайда кьезе гьечIин, тIаде жубана гьес.