Кашмиралда низам биххи

Гьиндустаналъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел къуватаз магIу чвахизабулеб газ ва гьородул ярагъ хIалтIизабун, нахъе гъуна Кашмир абулеб регионалда бугеб Шринагар шагьаралда бусурбабазул сепаратистаз рузманалдаса нахъе гIуцIараб демонстрация.

Багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда 19 полициялъулав ва жеги анцI-анцI чи лъукъана.

Хамиз къоялъ Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шарифица лъазабуна анцIго соналъ цебе Гьиндустаналъ ва Пакистаналъ гьабураб ракълилаб къотIи халат бахъинабизе кколин.

Гьаб анкьил авалалда Гьиндустаналъул тIадтараз Пакистаналде гIунтIизабуна жиндирго щуго аскарияв чIваялъул гIайиб.

Кашмир ккола – дагIбадул территория. Гьениб официалияб къагIидаялда гIурхъи тIамун гьечIо.