Йеменалъул аскариял ахIуд рахъун руго

Йеменалъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел къуватал ахIуд рахъун руго «Аль-КъагIидаялъул» рукIине рес ругел гьужумазул хIинкъи букIиналъ.

Тахшагьар Санаялда къватIисел улкабазул вакиллъаби ругеб авал сверун ккун руго аскарияз.

Гьалкъояз Америкалъул ва Магърибалъул цогидал улкабазул анцI-анцI вакиллъи заманалъ къан буго ГIагараб Машрикъалдаги Шималияб Африкаялдаги.