16 чи лъукъун вуго Афгъанистаналда

Афгъанистаналъул машрикъалъул рахъалда мина кьвагьиялъул хIасилалда лъукъун вуго 16 чи.

Джелалабадалъул нухазул цоялъул рагIалда гьеб кьвагьизабун буго манзилалдаса. БакIалъул нухмалъиялъул лъазабиялда рекъон, лъукъун вуго Нангаргьар провинциялъул прокурор, гьесул шофер ва 4 хъаравул. Гьездаго цадахъ лъукъун вуго гIадатияв 10 чиги.