Джалалабадалда теракталъул хІасилалда хун вуго микьго чи

Афгъанистаналъул Джелалабад шагьаралда хвелалде унез индиялъул консуллъиялде гьабураб тІадекІанцІиялъул хІасилалда хун вуго бищун дагь босун микьго чи, къогоялдаса цІикІкІун чи лъукъун вуго. Зарал ккаразда гъорлъ руго лъималги. Хваразул гІемерисел ккола аскІобехун бугеб мажгиталда какал ралел рукІарал.

Индиялъул нухмалъиялъул информациялда рекъон, гьезул улкаялъул гражданазе зарал ккун гьечІо.

ТІадекІанцІарав лъабгояс жидерго машина консуллъиялъул минаялде аскІобе бачун кьвагьизабун буго. Теракталъул жавабчилъи лъицаниги тІаде босун гьечІо.