СШАялъул ракΙ хун буго Москваялъул хΙукмуялдаса

Цолъарал Шататаз рикΙкΙунеб буго, Россиялъ Эдуард Сноудение лъутΙун чΙезе бакΙ кьеялъ щаклъиялде гъоркье бачунеб бугин тΙадегΙанаб даражаялъул кΙигорахъалъулал къалъа-басаял ва сентябралъул планалда бугеб Цолъарал штатал – Россия саммит тΙобитΙи.

Хамис къоялда ХъахΙаб рукΙалъул пресс-секретарь Джей Карница лъазабуна Вашингтоналъул цакъ ракΙ хун бугин Цолъарал штатазда шпионажалъул гΙайиб гΙунгтΙизабурав Сноудение лъутΙун чΙезе бакΙ Москваялъ кьеялда банин.