Вашингтоналъги Исламабадалъги диалог гΙуцΙулеб буго

ХΙинкъигьечΙолъиялъул суалазда хурхараб «стратегияб диалог» цΙилъизабулеб буго Вашингтоналъ Пакистаналъулгун.

Гьединаб лъазаби гьабуна гьеб улкаялъул къватΙиселд ишазда сверун хъулухъчи Сартадж ГΙазизилгун цадахъаб Исламабадалда тΙобитΙараб пресс-конференциялда Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица. Гьес кΙвар буссинабуна америкаялъулги пакистаналъулги нухмалъиязе кΙиябго рахъалъулал гьоркьорлъаби лъикΙлъизаризе рокьун рукΙиналде.

Гьелда цебе Джон Керрица кΙалъа-басаял тΙоритΙана гьанжелъезегΙан пакистаналъул хΙукмуаталъул нухмалъи гьабулев вукΙарав Наваз Шарифильгун. Вашингтоналъулги Исламабадалъулги гьоркьолъаби бихьулеб къагΙидаялда хΙалуцана 2011 соналда Цолъарал штатаз пакистаналъул территориялда «Аль Каидаялъул» бетΙер Усама бин Ладен чΙваялъул операция тΙобитΙун хадуб.

Исламабад гьединго данде буго америкаялъул пилот гьечΙого роржунел аппаратаз жидерго териториязда Афгъанистаналъул гΙорхъабазда аскΙорехун ругел талибазул объектазда кьабиял щвезариялдеги. Гьез гьединаб гали рикΙкΙунеб буго жидерго улкаялъул суверинитет хвезабулеб букΙинлъун.