Израилалъулаздаги палестинияздаги гьоркьоб ракълилал кΙалъа-басаязул иргадулаб раунд тΙобитΙизе буго кΙиго анкьалдаса ГΙагараб Машрикъалда. Гьедин лъазабуна талат къоялда Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица. Вашингтоналда журналистазда цеве вахъунаго Керрица лъазабуна гьел кΙалъа-басаязул мурад кколин хадусеб ичΙго моцΙалда жаниб къотΙи-къай гьабийин.
Америкаялъул пачалихъияв секретарасул къиматалда, итни ва талат къоялда тΙоритΙарал цереккунисел израилалъулгун палестиналъул къалъа-басаял рукΙана «позитивиял ва конструктивиял». Керрица загьир гьабуна, кΙиябго рахъалда ракълилаб къотΙи-къаялде рачΙине бажаризе букΙиналъул божилъи.