30 Июлалда Пакистаналда тIоритIарал президентасул рищиязда бергьана премьер-министр Наваз Шарифица нухмалъи гьабулеб «Пакистаналъул бусурбабазул лигаялъул» рахъалъан кандидатлъун вукIарав Мамнун ХIусен. Кин гьел рищиязде хIадурлъи гьабун букIараб ва кин гьел тIоритIарал?
Пакистаналъул президент вишулев вукIана парламенталъул кIиябго палатаялъул депутатаз ва ункъго вилаяталъул мажлисазул вакилзабаз. Гьанжесев президент Асиф ГIали Зардарил болжал ахиралде щвела исана сентябрь моцIалда.
Президентасул тахалда гьев вукIана щуго соналъ. Зардарица бетIерлъи гьабулеб буго оппозиционияблъун рикIкIунеб «Пакистаналъул халкъияб партиялъе». ЦIияв президент вищараб парламент гIуцIун букIана моцIалъ цебе.
Президентлъун вукIараб мехалда Асиф ГIали Зардарица гьабураб хIалтIиялъе къимат кьолаго гIемерал экспертазги политиказги абулеб буго гьесие гьанжесеб тарихалда мисал гьечIеб икъбал щун бугин, ва гьесда кIванин жиндирго киналго мурадал тIуразаризе.
Лахор шагьаралдаса политолог ХIасан Аскари Ризвица абулеб буго Пакистаналда президентасул хъулухъалъул церемониалияб хасият бугониги, харизма, ай напсияб къадру бугев президентасда кIвелин кIудияб асар гьабизе политикаялъеги, экономикаялъеги, жамгIияб гIумруялъеги.
Арал рищиязул хIасил гьесда бихьула лъикIаб ишаралъун ва Пакистаналда демократия тIад чIезабизе пайдаяб реслъун.
ХIасан Аскари Ризви: «Исана май моцIалда гIаммал ва бакIалъулал рищияздаса байбихьараб президент вищиялъул процесс ахиралде швезе буго 9 сентябралда цIияв президент хъулухъалде вачIараб мехалъ. Хадуб жиндирго рагIи абизе ккола цIигIуцIараб хIукуматалъ»
Пакистаналъул кIиго Палатаялъулаб Парламенталда азаргогIан депутат гIахьаллъана рехсарал рищиязда. Амма гьезул киназулго гьаркьал ращадал гуро.
Зардарица нухмалъи гьабулеб Пакистаналъул халкъияб партиялъ бойкот гьабун букIана арал рищиязе, гьезул болжалалда разилъи гьечIого. Байбихьуда рищиял рукIине кколаан 6 августалда.
Амма ТIадегIанаб Диваналъ рищиязул болжал хадуб хисана, Рамазан моцI хIисабалдеги босун, щай гурелъул гIемерал депутатал гьеб мехалъ рикIкIадал бакIазда рукIине бегьулелъул. Амма гьадинаб бойкот хIасил гьечIого хутIана ва кинабгIаги асар гьелъ рищиязе гьабичIо.
Политикияв комментатор Ризвица гьадинаб къимат кьолеб буго рищиязда бергьарав ХIусение:
ХIасан Аскари Ризви: «Мамнун ХIусен ккола Карачи шагьаралдаса бизнесмен. Гьев ккола Наваз Шарифие гIагардисев чилъун. Пакистаналъул политикаялда гьедегIан цIикIкIараб асар бугев хIаракатчилъун гьев гьечIониги, Наваз Шарифгун цадахъ гьев лъикIалан хIалтIизе бегьула».
ГIумрудул 73 сон барав Мамнун ХIусен гьавуна гьиндустаналъул Агра шагьаралда. Гьесул хъизам Пакистаналде гочун бачIун букIана 1949 соналда. Гьес цIалун лъугIана мадрасаги Карачиялда бугеб бизнесалъул лъай кьолеб идараги. Къокъаб заманалъ 1990 соназда хIалтIулев вукIана Синд вилаяталъул губернаторлъун.
Абу-Бакар СИДДИК,
RFE/RL, цIиял харбазул хъулухъалъул мухбир