Хомсалъул Халдие мухъ бахъун буго рагъулаз

Сириялъул Хомс шагьаралъул Халдие абураб мухъ бахъун буго хΙукуматалъул къватаз. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго сириялъул пачалихъияб телевидениялъ. МоцΙалъ цебе радикалиял шиитазул «Хезболла» гΙуцΙиялъул квербакъиялдалъун пачалихъияб армиялъ байбихьун букΙана гьеб шагьар жидерго контролалде гъоркье буссинабиялъул операция.

Хомс шагьаралъул чанго мухъ хутΙулеб буго Сириялъул эркенаб армиялъул контролалда гъоркь.