Июлалда ГΙиракъалда хун вуго 800-гΙан чи

ГΙиракъалда автомобилал кьвагьизариялъул хΙасилалда хваразул къадар бахун буго 48 чиясде. Цебе лъазабулеб букΙана 29 чиясул хΙакъалъулъ. Лъукъаразул къадар кколеб рагΙула 220 чи.

Бомбаби лъураб 11 машина кьагьизабун буго Багъдадалъул батΙи-батΙиял бакΙазда. Гьезул анкьго шииитаз гΙумру гьабулеб бакΙалда.

Кьвагьиял ккун руго гьединго Эль МухΙамадия, Кут, Эс-Самава ва Басра шагьаразда.

France-Presse агентлъиялъул баяназда рекъон, июлалъул байбихьудаса зулмуялъул къурбанлъун ГΙиракъалда лъугьун вуго 780-ялдаса цΙикΙкΙун чи. Улкаялда зулмуялъул даража тΙаде ин цо-цо экспертаз хурхинабулеб буго сунитаздаги шиитзадаса гΙуцΙараб централияб нухмалъиялдаги гьоркьоб конфликт хΙалуцΙиналда.