Мисралда зулмуялде гΙадамал гьесизариялъул щаклъи букΙун аресталде гъоркье восун вуго «Бусурбаби-вацал» абураб багъа-башариялъул лидеразул кΙигояв. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго пачалихъалъул нухмалъиялъ. Мисралъул тΙаса рехарав президент МохΙамад Мурсил рахъ ккураз гΙадамал ахΙулел руго протесталъул цΙиял акцияби тΙоритΙиялде.
Евроцолъиялъул къватΙисеб политикаялъул тΙадегΙанай вакиль Кэтрин Эштон итни къоялда щвана Мисралде. Гьелъул мурад букΙана Мисралъул заманалъулаб нухмалъиялъулгун ва исламистазул лидеразулгун къалъа-басаял тΙоритΙи. Гьеб визиталда цебе Эштоница лъазабун букΙана, жиндие бокьун бугин улкаялъул политикиял къукъаби, гьездаго гъорлъ «Бусурбаби-вацал», цадахъ лъугьун ракълилаб къагΙидаялда пачалихъалъул цΙияб нухмалъиялъул система гΙуцΙиялде ахΙизеян.