Либиялда 1000-гIан чи лъутана туснахъалдаса

Либиялъул Бенгъази шагьаралда бугеб туснахъалдаса азаргоялдаса цIикIкIарав чи лъутун анин, лъазабулеб буго Би-Би-Си агентлъиялъ.

Гьел киналго кколин бакIал такъсирал гьарурал чагIи.

Либиялъул премьер-министр ГIали Зейданица тIобитIараб пресс-конференциялда абуна туснахъалде гьужум гьабунин бакIалъулал гIадамаз.

Гьел разиял гьечIин жидерго мухъалда гьеб туснахърукъ букIиналда.