15 чи чIван вуго гьатIан къоялъ Мисралъул Порт-СагIидалда тIаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккуразда ва гъозул дандиязда гьоркьоб багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда.
Абулеб буго Мурсил рахъ ккураз кьвагьданин аскIоса унел ругел гIадамазде.
Каиралда аза-азар "исламистас" разилъи гьечIолъиялъул акция халат бахъинабулеб буго улкаялъе рагъулаз тIалъи гьабиялде данде чIун.
Шамат къоялъ Каиралда багъарараб кьалда 72-гIан чи чIван вуго. "Вацал-бусурбаби" багъа-бачариялъул баяналда рекъон чIван вуго 200-гIанасев чи.
Рагъулазийн "исламистазде" гIунтIизабулеб буго провокация гьабиялъул гIайиб.
Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна жиндир рахIат хвезабун бугин Мисралда бугеб ахIвал-хIалалъ.