23 июлалъ МахIачхъалаялда полициялъула хIалтIухъабаз чIварав Къураев СагIадулал гIагарлъиялъ гьев щибго гIайиб гьечIого чIван вугилан лъазабулеб буго. Гьезул рагIабазда рекъон низам цIунулез жидер хIалтIухъабазде гьев кьвагьданин абиги, гьединго гьев каспийскалъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъул чи вугин лъазабиги мекъи буго.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ кьурал баяназда рекъон талат къоялъ МахIачхъалаялъул Сепараторный мухъалда бугеб Убекинский шагьранухда полициялъул хIалтIухъабаз Каспийскалдаса Къураев СагIадула, Кочубегов Кочубег ва рулалда нахъа вукIарав цойги чи рекIараб автомобиль чIезабулаго гьенисан низам цIунулезде кьвагьдон руго.
Данде кьвагьун полициялъулаз Кочубегов ва Къураев гьеб бакIалдаго чIван руго, автомобиль бачунев вукIарав кверде восун вуго. Къуваталъул идарабаз цIех-рех лъугIизегIан гьесул цIар бицунеб гьечIо. Гьединго низам цIунулез лъазабухъе гьеб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда лъабго полициялъулавги лъукъун вуго.
ЧIварав 21 сон барав Къураев СагIадулал имгIал Абуев ГъазихIмаца Эркенлъи радиоялъе бицана жиндир яцалъул вас такъсиразда, хасго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьерулъ киданиги вукIинчIин. Живго диналда тIадчIарав чи вукIаниги киданиги ярагъгун жигьад тIибитIизабизеян лъугьунезулъги вукIинчIин СагIадулайилан.
Абуев ГъазихIма: «Гьев вас нижеда лъикI лъала. Гьанив-дова квешлъиялда гьоркьов вукIарав васги гуро гьев. Какги балев, мажгиталдеги унев, кIалккул моцIалъ гурониги итни, хамиз къоялъ кIалги кколев вас вукIана гьев.
Гьединаб ишалде гьоркьовеги ккун, чIвай-хъвей гьабизе ракIцин бугев чи гуро гьев. Бихьинчилъиги кьвариги гьечIев эбелалъул МухIамад гIадинав, эбел гIодулей йигони цадахъ гIодулев тайпаялъул вас вукIана гьев.
Жеги чIужу ячун лъагIел бачIо гьев васас, жакъа-метерин абун лъимер гьабизе хъизанги йиго гьесул.
Къураевасул гIагарлъиялъ кодоб ярагъ гьечIев, щибниги данде чIей гьабичIев жидер вас щайин чIваравин абун дагIба балеб буго къуваталъул идарабигун. Гьединго гьез рикIкIунеб буго чIварав СагIадула цадахъ рукIараз гьересиги бицун вачун ине вукIун ватизе бегьулин цониги такъсирияб иш гьабизейилан.
Абуев ГъазихIма: «Кодоб къалам бегIерулеб нусцин гьечIев гьев вас чIван вуго. Кодоб ярагъ гьечIониги чIван вугоха гьев полиялъул хIалтIухъабаз. Лъаларо, щай гьез гьедин гьабурабали гьел риххун яги хIинкъун ратизеги бегьула.
Дида гьеб ишалда щиб цIар лъелебали лъаларо. Гьел машинаялъур рукIарал гIолохъабиги гьесда лъалел рукIун ратизе бегьула. Гьел цониги ишалъ инел рукIун ратизе бегьула, сундуе киве вачунев вугевали СагIадулада лъалеб букIун батиларо.
Изну гьечIого яргъид гIуцIараз цадахъ гьадинго доре гьанире рилълъаянги абун цадахъ рачунел руго жидедаго лъалел гIолохъаби. Гьедин цониги такъсирги гьабун хадуб мунги гьелда гъорлъ вукIанин абун хIинкъизеги гьавун жидерго кьерулъе цIалел руго»
Гьединго Абуев ГъазихIмаца «Эркенлъи» радиоялъе бицана СагIадула салафиязул кьерулъги вукIинчIин, гьес жинцаго бицун букIанин жинда лъалел чагIи ругин гьезда гьоркьорилан.
Абуев ГъазихIма: «Эбел-инсуца мун цосина гьел чагIазул кьерулъ вугищин цIехедал, гьес гьедизеги гьедун абун букIун вуго жив гьечIин гьезда гъорлъ, амма жиндир классцоял ругин гьеб рахъалдайилан.
Гьел гьединал рукIунин абун жив гьезда кIалъачIого яги гьезие салам кьечIогойищин вукIиневилан. Живго гьев тIарикъаталда вукIинчIо, гьелде вачIине хIадурулев вукIана. Нижер буго динияб тухум, нижер гIалимзабиги дибирзабиги руго.
Киданиги нижеда гьоркьор магжилалги гьал-долги рукIинчIо, ниж руго умумуз тараб динияб нухдасан унел чагIи. Информациялъул алатаз чIварав СагIдула Каспийскалъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялда гъорлъ вукIанин хъвай нижеца цIакъ квеш бихьун буго.
Нижер росулъги гьединаб жоялъе цIакъ квешаб къимат кьола, цосина гьел салафиязул кьерулъ вугев чи хвани нижер хабалалъцин вукъуларо гьев»
Ахиралдаги Абуевас лъазабуна Къураев СагIдула гIайиб гьечIого чIван вугин чIезабизе хIалтIи гьабизе бугин жидецайилан. Гьеб лъугьа-бахъиналъул букIине кколеб хIалаъ цIех-рех гьабиялда хал гьабиялда хадуб халги кквезе бугин жидецайилан.