Сириялъул оппозициялъ ярагъ гьарулеб буго


Хамиз къоялъ Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керригун букIараб данделъиялда Сириялъул миллияб оппозициялъул ва инкъилабалъул къуватазул бетIер АхIмад Джарбаца гьарана президент Башар Асадил низамалде данде чIолел оппозициониял къуватазе кватIичIого ярагъ кьеилан абун.

Сириялда бугеб ахIвал-хIалалда Джарбаца абуна гьеб бугин чара гьечIеблъун ва гьеб ярагъ къваригIун бугин ракълилал гIадамал цIунизелъун.

Исана июнь моцIалда Америкалъул президентасул администрациялъ загьирабуна жиб разияб бугин Сириялъул оппозициялъе ярагъ биччазе, амма Америкалъул Конгресс гьелде данде чIана.