Тунисалда протестал

Тунисалъул махшелчагIазул бищун кIудияб цолъиялъ хIалтIи чIезабиялде ахIулеб буго. ГIилла – оппозиционияв политик МухIамад Брахми чIвай.

Хамиз къоялъ Тунисалъул шагьаразул ва росабазул къватIабахъ аза-азар чияс тIалаб гьабулеб букIана гьабсагIат хIакимлъуда бугеб «Эннахда» абулеб партия квершеллъиялдаса батIа гьаби.

Гьезде данде полициялъ хIалтIизабуна магIу чвахизабулеб газ. Брахмил гIагараб шагьар Сиди-Бузидалда демонстрантаз рехсараб партиялъул офисал рухIизаруна.

Цолъарал Штатаз ва Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб Инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул бетIер Нави Пиллэйица политик чIвай какана ва гьеб такъсиралъул мухIканаб цIех-рех гьабиялде ахIи бана.

Хамиз къоялъ жиндирго рукъалъул кIалтIа речIчIун чIварав МухIамад Брахми кколаан «Халкъияб багъа-бачари» абулеб партиялъул координаторлъун ва Миллияб Конституционияб Ассамблеялъул мушаварачилъун.