МухIмад Мурси ккун вуго

Мисралъул тIаса рехарав президент МухIмад Мурси 15 сордо-къоялъ ккун вуго. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – «ХIамас» абулеб палестиниязул радикалияб гIуцIигун рекъон хIалтIи гьаби.

Кив гьев гьабсагIат вугевали лъазабулеб гьечIо.

Дагьалъ цебе Мисралъул яргъид гIуцIарал къуватазул бетIер ГIабдел-ФатахI ас-Сисица ахIи бана гьес абухъего «терроризмалде» данде къеркьей гьабиялде.

Жиндир иргаялда Мурсие квербакъулеб «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъги жиндирго рахъ ккурал протесталъул акциялде ахIулеб буго.

Хамиз къоялъ Мисралъул рагъулаз «исламистаздехун» руссун, тIалаб гьабуна 48 сагIаталда жаниб «миллиял кьеразде» гъорлъе журай, гурони - рагъулаб нухмалъиялъ зулмуялде ва терророизмалде данде цIияб стратегия ургъизе бугин, абун.