Пачалихъияб Думаялъ кватIичIого хал гьабизе буго Советияб заманаялъго гIадин цIалун рахъарал гIолилазе хIукуматалъ хIалтIи кьезе бегьулеб рес цIигьабулеб къануналъул проекталъул. ХIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул федералияб шураялъ загьир гьабуна гьеб пикру парламенталъе. Амма хIукуматалъул хIакимзабаз киназго рахъкколеб гьечIо гьелъул.
ЦIалул идарабазул нухмалъулез гьеб пикру лъикI къабул гьабуна, амма гьелдаго цадахъ гьез абулеб буго жалго студентазе жидеего кирехун хIалтIизе бокьун бугебали абурабги пикруги гIадахъ босизе кколин нилъеца.
Мисалалъе пуланаб муниципалияб гIуцIиялъул ялъуни цо кинаб бугониги магIишатияб бутIаялъ гIарацги кьун цIализавурав чиясе бокьичIого букIинеги бегьулин гьенив хIалтIизе ине гьесул жиндаго ракIалда батIияб бакI букIинеги бегьулилан.
ХIукуматалъул вице-премьер Ольга Голодецил пикруялда рекъон гьелда кIудияб хIажалъи бихьулеб гьечIо гьединаб социалияб политика гIумруялде бахъинабиялъулъ.
Жакъа муниципалиял идарабаз гIарацги кьун цIалулел чагIи гIемерал ругин, цIалун рахъарабго жалго цIализарурал идарабазда чанго соналъ хIалтIизе кколин гьел.
Соцалияб политикаялъул ва захIматалъул рахъалъ Думаялъул комитеталъул нухмалъулев Исаев Андрейица рахъкколеб буго гьеб пикруялъул, гьес баян гьабулеб гьединаб рес щвезе бугин гIицIго муниципалиял гIуцIабазулгун контракт хъварал чагIазе, гьез гIарацги кьун цIалун рахъаралго лъабго соналъул болжалазда гьел хIалтIизе кколел руго гьезул идараялда.
Бюджеталъулаллъун кколел бакIазда хIалтIухъабазул рахъалъ гIунгутIи бугел идарабазе кIудияб пайда букIине бугин гьелъулилан абулеб буго депутатас. Мисалалъе гьезда гъорлъ гьес рехсолел руго тохтурзаби, инженерал, лъай кьеялъул хIалтIухъаби.
Амма гьединаб рес щвезе рагIуларо хIалтIул идарабазулгун къотIи-къай гьабичIел гьединго цIалухъ стипендия щоларел гIарацги кьун тIадегIанал цIалул идарабазда цIалулел студентазе.
Гьеб суал цIакъго актуалияблъун лъугьун бугин хасго Дагъистаналъейилан бицана Эркенлъи радиоялъе республикаялъул тIолалго хъулухъчагIазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев хисулев Темиршахов Максимица.
Жакъа Дагъистаналда цIалулел гIемерисел студентазул кинабниги божизе гьечIин метериса диплом щун хадуб жиндие хIукуматалъ хIалтIи кьелилан абураб жоялда. ХIукуматалъ гIарацги кьун цIализарулел руго жакъа бащадалниги студентал, щай цIалун рахъаралго гьел хIалтIуде росиялъул суалги хIукуматалъ тIубазе кколилан абураб суал цебе лъезе ракIалда букIана нижеда хIукуматалъул нухмалъиялда
Темиршахов Максим: «Жакъа Дагъистаналда магIишатияб гIумруялда жанир цо-цо хиса-басиял загьирлъулел гIадин руго, цо-цо предприятиябигун батIи-батIиял магIишаталъул бутIаби хIалтIизе риччалел руго. Гьебмехалъ цIакъго хIажалъи букIине буго батIи-батIиял махщелчагIазде. Гьелин абуни гьечIо жакъа. Гьебмехалъ хIалтIи кьолел идарабаз цIализе ритIула жидерго махщел чагIи.
Гьединаб къагIидаялъги дагьлъизабизе бегьула гIолилазда гьоркьоб хIалтIи гьечIолъи. Амма дидаго бищунго берцин бихьула Совет хIукуматалъул заманаялъ букIараб къагIида. ХIукуматалъ гIарацги кьун цIализарулел чагIазул киналго росичIониги цо гьезул цIикIкIарасеб къадарниги хIалтIулел бакIалги кьун паракъат гьари».
Гьеб гуребги Дагъистаналда цIакъ гIемер дандчIвалеб масъала кколин пуланаб предприятиялъул ялъуни идараялъе махщел камилав, хIалтIул хIалбихьи бугеб экономист ялъуни инженер къваригIун вугилан лъазабиял рукIуна тIокIал чIечIого кьолел, амма кисайин гьел ралагьилел гьечIелъул гьединаб махщалилал хъулухъчагIи Дагъистаналде. Гьелде тIадеги кIвар кьезе ккун бугин жакъа.
ХIасил-калам Пачалихъияб Думаялъги къанунияб куцалда тасдикъ гьабуни гьеб масъала гьелъул кIудияб пайда букIинаанин жакъсеб гIолохъанаб гIел хIалтIудалъун хьезабизеян разиго рахъ куна гьеб пикруялъул Темиршахов Максимица.
Амма дагьаб батIияб буго гьелда тIасан пикру дагъистаналъул пачалихъияб универститеталъул экономикияб факультеталъул захIматалъулаб кафедраялъул декан МухIамадов МухIамадзагьидил.
Жакъа рукIине кколелдасаги цIикIкIун риччалел ругин Дагъистаналъул цIалул идарабаз юристалгун экономистал амма гьезие хIалтIийин абуни гьечIин республикаялда щолеб.
Советияб хIукуматалъул заманалда гьелдехун тIалабал батIиял рукIанин, цIалун вахъарв чиясе бачIинахъего хIадурун букIанин гьев хIалтIизе витIизе бакI.
Жакъайин абуни киназдаго берцин бихьулеб бугин тIадегIанаб лъай щвезе кколилан абураб пикру, амма цIалун щвараб махщел тасдикъ гьабизе хIалтIуле магIишаталъул бутIаби кирехунин ругел.
ГIаксалда гьркьохъел цIалул идарабазда щвараб махщелалъулъ урхъарал бакIал гIемерал ругин амма гьенире цIализе унел гIолилал дагьлъулел ругилан абулеб буго МухIамадзагьидица.
МухIамадов МухIамадзагьид: «Дунги разияв вуго жакъа бищун цебе ккураб, къадруяб хъулухъ букин экономисталгун юристалги хIадур гьари. Амма гьезие хIалтIи гьечIелъулха. Гьединлъидал дида лъикIаблъун бихьула лъикIал къадал, маххул, токалъул махщелчагIи хIадур гьариялде кIвар кьуни гьелъго лъикIаб хIасил кьелилан.
Гурони щиб гьаб кколеб экономистал хIадур гьарулеб факультеталде лъугьине бокьарал чагIазул щунусгониги чи вуго, амма лъикIал, тIадехун рехсарал гIадал хъулухъчагIи абуни щолел гьечIо жакъа».
ХIакъикъаталдаги советияб заманалдаго гIуцIун рукIарал, пачалихъ биххун хадур Россиялъул цо-цо регионазда къазе байбихьаниги къачIого хутIарал, хасаб махшадил лъай кьолел гьоркьохъел цIалул идараби руго жакъа къоялъги хIалтIилел Дагъистаналда.
Жидер гьанир цIалун рахъарал гIолилал, къанагIатги хутIуларин хIалтIи гьечIо, хIатта Дагъистан бахун къватIирехун, гьединго къватIисел хIукуматаздасаги тIалаб гьарулин жидер махщел чагIиян бицун букIана нижер програмаялъе Каспийскалда бугеб гьединаб цIалул идараялъул нухмалъулес.